Song Cover Image

ЖУРАВЛИ (на аварском языке) Автор стихов: Расул Гамзатов Композитор: Ян Френкель

<Гьеб жо къуркьаби рагъда камурал васазе, ракьалъул гъазаваталъул рухIалъе. Нилъер рекIелъ гьел гIемерго живуял руго, ва цIобалъул зобазда гьел къункърабазе сверун руго.> Дида ккола, рагъда, камурал васал Кирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин. Доба борхалъуда хъахIил зобазда ХъахIал къункърабазде сверун ратилин. Гьел иххаз хаселаз халатал саназ Нилъее салам кьун роржунел руго. Гьелъин нилъ пашманго, бутIрулги рорхун, Ралагьулел зодихъ щибаб нухалда. Боржун унеб буго къункърабазул тIел, Къукъа буго чIварал гьудулзабазул. Гьезул тIелалда гъоркь цо бакI бихьула - Дун вачIине гьаниб къачIараб гурищ? Къо щвела борхатаб хъахIилаб зодихъ, ХъахIаб къункъра лъугьун дунги паркъела. Гьелъул гьаркьидалъун ракьалда тарал Киналго нуж, вацал, дица ахIила. Дида ккола, рагъда, камурал васал Кирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин. Доба борхалъуда хъахIил зобазда ХъахIал къункърабазде сверун ратилин. Источник стихов на аварском языке: http://sovmusic.ru/text.php?from_sam=1&fname=s17141 История создания песни: https://ru.wikipedia.org/wiki/%D0%96%D1%83%D1%80%D0%B0%D0%B2%D0%BB%D0%B8_(%D0%BF%D0%B5%D1%81%D0%BD%D1%8F)